МагъчIваялъе рес

Немцов чIвараб кьода дагIба-рагIи ккана


Москваялда Борис Немцов чIвараб бакIалдаса – Большой Москворецкий кьодаса - тIугьдулги, хIедучирахъалги, гьесде хъварал игIланалги – нахъе росилин лъугьун рукIана «Гормост» идараялъул хIалтIухъаби. Амма «Солидарность» абулеб жамгIияб гIуцIиялдаса вакилзабаз гьезие квалквал гьабуна.

«Гормосталъул» чагIаз абулеб букIана маялъул байрамал тIаде щвелалде жидее гьеб кьода бакIа-баххари гьабизе къваригIун бугилан. Амма жидецаго гьабилин гьеб рацIцIа-ракъалъиги бакIа-баххаригиян «Солидарносталъул» вакилзабаз абуниги, дол цоязе гьеб данде ккун гьечIо. Гьедин гьезда гьоркьоб рагъ-мучгицин ккун буго, Юдин абулев жамгIияв хIаракатчияс полициялде гIарзаги хъван буго.

XS
SM
MD
LG