МагъчIваялъе рес

Россиялъулгун гIорхъоде 4000 рагъулав витIулев вуго


Россиялъулгун гIорхъи щула гьабизе Балтиялъул улкабаздеги Польшаялдеги ункъазарго рагъулав витIизехъин вуго гьезул партнераз –Америкаялъул Цолъарал Штатазги, Германиялъги, Великобританиялъги. Гьелъие гIиллалъун кканин Прибалтикаялда Россиялъ жиндир жигарчилъи цIикIкIинабулеб букIинилан абуна Америкаялъул прессаялъе гьеб улкаялъул цIуна-къай гьабулеб министер хисулев Роберт Уоркица. Гьелда бан Россиялъги лъазабулеб буго НАТОялъ гьениб къуват цIикIкIинабулеб букIин бихьидал жалги балагьун чIезе гьечIилан.

XS
SM
MD
LG