МагъчIваялъе рес

Россиялъул истребителалъ тIавап гьабуна Америкаялъул аэропланалда тIад


Рузман къоялъ, 29 апрелалда, Балтиялъул ралъдалъ Су-27 абулеб Россиялъул истребителалъ тIавап гьабун буго Америкаялъул RC-135 аэропланалда тIад.

Гьединан боржун бачIун, анкьго метра гурони хутIун букIинчIин кIиябго аэропланалда гьоркьоб, гьелъ кутакалда кIудияб балагьалде рачине бегьулаанин абуна Пентагоналъул вакил Дэниел Фернандесица. Аэропланазегун пилотазе къварилъи ккезе рес букIинго гIадин, Россиялъулгун Америкаялъул гьоркьорлъабиги хвезаризе рес бугила гьединал хIужабаз.

Гьелда бан лъазаби гьабуна Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул вакил, генерал-майор Игорь Конешенковас. Америкаялъул аэропланал роржунила транспордерги свинабун. Гьединлъидал гьезул тайпаги номерги лъикIалан бихьизе къваригIун, жидеца гьаваялде бахъинабизе кколила истребитель.

Росиялъул аэропланал цIакъго Америкаялъулазда аскIорегIан роржун рачIиналъул хIужаби ккун букIана исана 12 ва 14 апрелалдаги. Хасго Россиялъ Крымалъе аннексия гьабуралдаса цIакъго гIемерлъанин гьелилан абулеб буго Америкаялъул вакилзабаз.

XS
SM
MD
LG