МагъчIваялъе рес

Песков: Хъвадарухъан Улицкаялда аскIоб гьабураб пиша гъалмагъир ккола


Хъвадарухъан Людмила Улицкаялде гIурччинаб лъамияб дару тIейги ханал речIчIиги бугин гъалмагъирчилъиги тIубан данде кколареб ишгийилан абуна журналистазда Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас. «Георгийил чалуги» бухьун гьарулел гьединал пишабаз къимат хвезабулила жибго гьеб чалуялъул.

28 апрелалда Москваялда «Мемориал» гIуцIиялъ къецал тIоритIулел рукIана школлъималазда гьоркьор. Цинги рачIун дой хъвадарухъан Людмила Улицкаялда аскIорегун, гьелда ханал речIчIун, лъамияб дару пунхъун, гьединго гьелдеги Россиялъул регионаздаса гьенир гIахьаллъулел лъималаздеги ахIдон руго Кремлялъул рахъкколеб «Национально-освободительное движение» ва “Евразийский союз молодежи” абурал гIуцIабаздаса вакилзабаз.

XS
SM
MD
LG