МагъчIваялъе рес

Навальныясда ханалги речIчIана лъамалъиги чвалхана


Москваялда щивали лъазе кIвечIев чияс хъахIилаб кьералъул лъамалъи чвалхун буго ришватчилъиялда данде къеркьолеб Фондалъул нухмалъулев Алексей Навальныясде. Гьедин хъвана гьес жиндирго блогалда.

Гьелда цебехун (28 апрелалдаго) Киноялъул Минаялда жаниб Навальныясда ханал речIчIун ва гIурччинаб дару пунхъун букIана Кремлялъул рахъ ккураб "Национально-освободительное движение" абураб багъа-бачариялъул вакилзабаз.

Гьеб кIиябго хIужа цого чагIаз ругъун гьабураб жолъун рикIкIунеб блогерас.

XS
SM
MD
LG