МагъчIваялъе рес

Крымалъул татаразул мажлис гьукъана диваналъ


Россиялъ аннексия гьабураб Крымалъул ТIадегIанаб Диваналъ экстремизмалъул магIнаялъул гIуцIилъун рикIкIана Крымалъул татаразул Мажлис.

Гьеб гIуцIиялъул хIалтIи Россиялда данде чIараб бугилан гIарз бахъун букIана Крымалъул прокурор Наталья Поклонскаялъ. Амма Мажлисалъул нухмалъулев Нариман Джеляловасда ракIалда буго диваналъул хIукмуялда дагIба бан гIарза кьезе.

Россиялъул тIалъиялъ Мажлисалдехун гьединаб бербалагьи бихьизабулеб букIиналдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабуна Украинаялъги, Европаялъул ГIуцIиялъги, Америкаялъул Цолъарал Штатазги.

XS
SM
MD
LG