МагъчIваялъе рес

30 сон тIубана Чернобылалъул атомияб электростанциялда авария ккаралдаса


26 апрелалда 30 сон тIубана Чернобылалда атомалъул электростанция кьвагьаралдаса. Гьеб къо ракIалде щвезабуна талат къоялъ жибго Украинаялдаги, Россиялдаги, Белоруссиялдаги, Европаялъул улкабаздаги, Америкаялъул Цолъарал Штатаздаги.


Украинаялъул президент Петр Порошенкоца талат къоялъ гъулбас лъуна атомалъул электростанция кьвагьараб бакIалда хасаб заповедник гьабизе кьураб буюрухъалда гъоркь. Гьеб кколин радиациялъ рацарал ракьал рацIцIад гьаризелъун жидеца гьабулеб хIалтIул цо къадарилан баян гьабуна журналистазе Порошенкол пресс-хъулухъалда.


Гьединго Россиялда –хас гьабун Костромаялда, Красноярскалда, Улан-Удэялда, гьединго Ленинград мухъалда «Яблоко» партиялъ тIоритIана акциял. Чернобылалда кьвагьи бахъун 30 сон тIубаралдаса хадуб Россиялъ байбихьанин цебегосеб низамалде тIадбуссинеян абуна пратиялъул вакилзабаз. Масала, пачалихъалъулгун инсанасул гьоркьорлъаби хвезе лъугьанила квешго.

XS
SM
MD
LG