МагъчIваялъе рес

Сагид МуртазагIалиевасухъа депутатасул мандат нахъе босулеб буго


ГьабсагIаталда халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалда вугев Сагид МуртазагIалиев Халкъияб Мажлисалъул депутатасул мандаталдаса махIрумлъизе бегьула. Гьеб суал гьоркьоб лъезе буго 26 апрелалда, бакIалъул парламенталъул сессиялда.

Гъоркьисала ноябралда Дагъистаналъул Пенсиязул фондалда МуртазагIалиевасул букIараб хъулухъги цогидасухъе кьуна. Официалияб куцалда жеги тIатинабун гьечIо гьев чIараб бакI.


Сагид МуртазагIалиевасде гIунтIизабулеб буго терроризмалъе квербакъиялъулги пачалихъиял хулухъчагIи чIвазе къасд гьабиялъулги гIайибал.

XS
SM
MD
LG