МагъчIваялъе рес

Адвокатасул щаклъи буго Савченко Украиналъухъе кьезе йикIиналда


Надежда Савченкол адвокат Марк Фейгинил щаклъи буго Россиялда туснахъ гьаюн йигей гьей пилот Украинаялъухъе кьезе йикIиналда. Гьедин хъвана гьес твитералда. Бицен гьабулеб суал чанго къоялъ цебе Россиялъулги Украинаялъулги президентаз дандбан букIана.
Савченкое кьун буго туснахъалъул 22 сон.

XS
SM
MD
LG