МагъчIваялъе рес

СШАялъул президентас Ганновералда гьарурал лъазабиял 


Москваялъ Минскалъул къотIи-къаял тIуран рахъинаризегIан халат рахъинаУкраинаялда бугеб кризисалда хурхун Россиялъе лъазарурал халкъазда гьоркьосел санкциял.

Гьедин абуна СШАялъул президент Барак Обамаца Ганновералда индустриалияб ярмаркаялда кIалъалаго. Гьелдаго цадахъ Россиялъулгун лъикIаб гьоркьоблъи хIажат бугиланги тIаде жубана гьес.

Гьединго бицана Россиялда ва цогидал улкабазда гьукъараб «Исламияб пачалихъалда» данде къеркьезе Сириялде Америкаялъул рагъухъаби ритIулел рукIиналъулги – масала, 250 рагъулав. Радикалиял исламистазда данде къеркьей гьабизе Европаялъулгун НАТОялъул Цолъиги ахIана Барак Обамаца.

ГьатIан къоялъ Ганновералде щварав Америкаялъул президентас Германиялъул канцлер Ангела Меркелильгун кIалъа-басаялги тIоритIана.

XS
SM
MD
LG