МагъчIваялъе рес

Демонстрациял риххизаризе 5 млрдалъухъ акустикаялъул "пушкаби" росулел руго


Гьаракьги кIодо гьабун гIадамал рихха-хочизарулел пушкаби росизехъин руго Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъ (МВД). Халкъалъул рахIатхвезабулелги, гьезул мал-мулкалъе зарал гьабулелги, экстремизмалдехун гьетIи бугелги гIадамалгун къеркьезе жидее гьел пушкаби къваригIун рукIин гьеб идараялъ лъазабулеб буго пачалихъиял хIажалъабазе гIоло къайи босулеб сайталда.

Бицен гьабулел пушкаби росизе федералияб бюджеталдаса харж гьабизе кколеб буго 5 млрдгун 100 000 млн гъурущ.Гьелги исана 1 июлалде щвелалде росизе рагIула.

Гьел пушкабаздаса пайда босула халкъ демонстрацияздаса нахъе гъезе.

XS
SM
MD
LG