МагъчIваялъе рес

Киневалда тунка-гIуси ккана полициялдаги демонстрантаздаги гьоркьоб


Кишиневалда полициялда ва хIукумат нахъе ин ва заман щвелелдего рищиял тIоритIи тIалаб гьабулел демонстрантазда гьоркьоб ккана тунка-гIуси.

Анкьазарго гIанав демонстрант шагьаралъул централдасахун марш гьабун данде вакIарана нус-нус полициялъул цIунун букIараб хIукуматалъул миналда цебе.

Протесталъул акция гIуцIун буго «Достоинство и справедливость» абураб гаржданияб платформаялъ.

Протесталъул гIахьалчагIаз полициялъулазда речIчIун руго ханал.

Демонстрантаз рикIкIунеб буго Молдовалъул хIукумат олигархазда бараб бугин ва гьелъ халкъалъул интересазда хурхарал хIукмаби къабул гьаруларин.

Политиказ ва политикиял партияз инкар гьабун буго демонстрациялда гIахьаллъизе, православиязул хасаб динияб къо букIиналде балагьун.

Ахирисеб соналда жаниб Молдовалда хисана анлъго премьер-министр.

XS
SM
MD
LG