МагъчIваялъе рес

Барак Обама Щвана Германиялде


Цолъарал Штатазул президент Барак Обама гьатIан къоялда щвана Ганновералде. Германиялъул канцлер Ангела Меркелида цадахъ гьев гIахьаллъулев вуго Ганновералъул промышленнияб ярмарка рагьиялъул церемониялда.

Америкаялъул президентасги Германиялъул канцлералъги гьоркьор лъезе рагIула Евроцолъиялдаги Цолъарал Штатаздаги гьоркьоб эркенаб дармил суалал.

Улка-партнер хIисабалда Цолъарал Штатал тIоцебесеб нухалда гIахьаллъулеб буго гьединаб тадбиралда.

25 апрелалда Обамаца ва Меркелица тIобитIизе буго тIадегIанаб даражаялъул конференцияги. Гьелда гIахьаллъизе руго гьединго Франциялъул, Италиялъул ва Британиялъул лидерал.

XS
SM
MD
LG