МагъчIваялъе рес

Жанубиягун Китаялъул ралъдалъ раккизе бегьула Китаялъул атомиял реакторал


Китаялда ракIалда буго лъедолел платформабазда атомиял станцияби разе ва гьел Жанубиягун Китаялъул ралъдалъ ругел рарал чIинкIиллъабазде гьел щвезаризе. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Китаялъул информалатаз.

Цолъарал Штатазул пачалихъияб департаменталъ лъазабуна, Вашингтоналда рагIанин информалатазул лъазабиял ва Жанубиягун Китаялъул ралъдалъ террриториалиял претензияби ругел улкаби ахIулел ругин статус-кво хисизабизе бегьулел цорахъалъулал галабаздаса инкар гьабиялде.

Спратли абураб архипелагалда Китаялъ гьабуна чанго чIинкIильи ва гьезул цоязда рана аэропланал чIолел ва роржунел бакIал. Гьанже гьенир лъолел руго радаралги, субмариназде данде къеркьеялъул техникиял ресалги.

Гаагаялъул диваналъ, Филлипиназул гIарзаялда рекон, Китаялъул хIаракатчилъи гьеб бакIалда халкъаздагьоркьосел къануназде дандекколарелъун рикIкIине бугьелин, рикIкIунеб буго экспертазул аслияб къадаралъ.

XS
SM
MD
LG