МагъчIваялъе рес

Рогозиница 500 млн гъурщил рукъ босун батизе бегьула офшоралъул ресал хIалтIизарун


Россиялъул вице-премьер Дмитрий Рогозиница Москваялда 500 млн гъурщил багьаяб рукъ кинан босарабали лъазабеян суал лъолеб буго ришватчилъиялда данде къеркьолеб Transparency International абулеб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъ.

Гьелъ гьединаб гIарза хъвана ХIилла-макруялда данде рагъ гьабулеб Европаялъул бюроялдеги, Россиялъул Генералияб прокуратураялдегун магъалабазул инспекциялдеги.

Пачалихъалъ хъулухъалда вукIаго Рогозиние кьураб гьеб рукъ, хадуб жиндего буссинабун батилин щаклъи буго ришватчилъиялда данде къеркьолеб гIуцIиялъул.

Исана марталда гьелъ баян тIибитIизабун букIана Рогозинил хъизаналъ гIумру гьабулеб бугин 10 рукъалъул секциялда жаниб, гьелъул багьаги бугин моцIица хIалтIун гьеб хъизаналъе щолеб хайиралдаса I0 нухалда цIикIкIарабин абун.

XS
SM
MD
LG