МагъчIваялъе рес

Путиние суал кьун хадуй комбинаталъул директор туснахъ гьаюна


Южно-Сахалинск шагьаралъул диваналъ туснахъ гьаюн йиго «Островной Рыбокомбинаталъул» генералияй директор Кашкарова Наталья.


Чанго къоялъ цебе Россиялъул президент Владимир Путинилгун букIараб чIагояб эфиралдасан комбинаталда хIалтIулез гIарз гьабун букIана гьенире хIалтIизе лъугьунелъул жидее кIудияб мухь кьезе рагIи кьун букIанила. Амма чанго моцIица харжги кьечIого жал лагъзал гIадин хIалтIулел ругин гьенирилан.

Путиние гьеб суал кьун анцIго минут балелде гьениб халгьаби тIобитIун буго ва Наталья Кашкаровалдаги малъун такъсир гьабиялъул кинабниги ункъо иш рагьун буго.

ЦIех рехалъ чIезабун буго хIалтIухъабазе кьезе гьебгощинаб гIарцул налъиги букIаго, комбинаталъул йикIарай нухмалъулелъ кинабго гIарац банкалда бугеб жиндирго счеталде ва гьединго цогидал фирамабазде буссинабулеб букIараблъи.

XS
SM
MD
LG