МагъчIваялъе рес

СШАялъул рахIат хун буго Сириялда хурхун


СШАялъул рахIатхун буго Россиялъ Сириялде рагъуе хIажатаб къайи битIулеб букIиналда бан. Гьелъ Россиялъе квешаб хIасил кьезе буго.

Гьедин абуна 21 апрелалда Эр-Риядалда кIалъалаго Америкаялъул президентасул гIакълучи Бен Родсица. Гьениб букIана гIараб улкаби цадахъ рекъон хIалтIиялда бан Америкаялъул президент Барак Обамаги гIахьаллъун тIобитIулеб саммит.

Эр-Риядалде вачIиндал Барак Обама къабул гьавуна СагIудиязул ГIарабиялъул къирал ГIабдал ГIазиз Аль СагIудица. Гьеб дандчIваялда президентас абуна Россиялдаги цогидал улкабаздаги гьукъун бугеб «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялда данде къеркьей хIалуцинабизе ккеялъул.

XS
SM
MD
LG