МагъчIваялъе рес

Касьяновас революциялъул рахъ кколеб гьечIо


Жив ахIи-хIуралъулги революциязулги рахъ кколев чи гурин абуна Самараялда пресс-конференция тIобитIулаго ПАРНАС партиялъул нухмалъулев Михаил Касьяновас.

Гьединлъидал улкаялда ахIвал-хIал ракълилаб куцалда хисизабизе ракIалда бугила жинда. Касьяновасул рагIабазда рекъон, гьабсагIаталда Россиялда лъугьараб экономикиябги социалиябги хIалалдаса рорчIизе нух рагIуларо тIалъиялъул.


Гьбе прес-конференция кьолеб мехалда Кремлялъул рахъккураб «Антимайдан» абулеб багъа-бачариялъул чияс Самараялда бан букIана Касьяновасда тIасан бахъараб карикатураги. Амма гьес абуна къуват хIалтIизабулеб гьечIони, жиндие гьединаб жалазул ургъел букIунарила. Бокьарав чиясул ихтияр бугила щибниги абизеги ахIдезеги.

XS
SM
MD
LG