МагъчIваялъе рес

Кьвагьи: Афгъанистаналда хвана 28 чи


19 апрелалда Кабулалда гьабураб кьвагьиялдалъун гIумруялдаса ватIалъана 28 чи. Гьезул гIемерисел ккола ракълилал гIадамал. Гьедин лъазабуна Афгъанистаналъул полициялъул нухмалъулев ГIабдул РахIман РахIимица.


Гьединго гьеб улкаялъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул вакил Исмаил Кавасица абуна гьеб тIадекIанцIиялъул хIасилалда къварилъи кканин 327 чиясе.


Жанисел ишазул министерлъиялъул вакил Седикъ Седикъил рагIабазда рекъон, кьвагьи бахъинабун буго хвалде унес. Цинги яргъид гIуцIарав чанго чиги лъугьун вугохIукуматалъул минаялде кьвагьдезе. Гьениб гIагардаго рагIула улка цIуниялъул министерлъиялъул мина.

Гьел кьвагьдезе лъугьаразул цояв полициялъ данде речIчIараб жоялъ чIван вуго.
Бицен гьабулеб хIужаялъул жавабчилъи тIаде босун буго «ТIалибан» абулеб багъа-бачариялъ.

XS
SM
MD
LG