МагъчIваялъе рес

Роскомнадзор: интернеталда цензура цIикIкIинабизе хIажат гьечIо


Интернеталда цензура цIикIкIинабиялъулъ хIажалъи бихьулеб гьечIо Роскомнадзор абулеб гIуцIиялда. Гьедин лъазабуна I9 апрелалда гьеб идараялъул нухмалъулев Александр Жаровас.

Цебеккун Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкиница абун букIана гьединаб цензура къвакIизабизе ккун бугилан. «ТIолгохалкъалъул референдумалъул хIасилал нахъчIвайги» «тарихиял лъугьа-бахъинал гьереси гьариги» экстремизмалда ращад гьаризе гIакълу кьолеб буго гьес.


Амма Кремлялъ инкар гьабуна гьел рагIабазе къимат кьезе. ГIезегIан юристазгун журналистаз ва инсанасул ихтиярал цIунулезги какана гьев. Масала, инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ Россиялъул президентасда цебе рагьараб ГIуцIиялъул БетIер Михаил Федотовас абуна Бастрыкинил тIалаб бугин Конституциялда данде кколареб.


Гьединго оппозициялда вугев Алексей Навальныяс абуна Бастрыкиница гьеб макъалаялъулъ жинцаго гьарулел ругин конституциялъул гIуцIи биххизабиялде ахIиял.

XS
SM
MD
LG