МагъчIваялъе рес

Конституциялъул диваналъ инкар гьабуна ЕСПЧялъул тIалаб тIубазабизе


Европаялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул диваналъул тIалаб тIубазабичIого тана Россиялъул Конституциялъул диваналъ. Гьелъ лъазабуна Страсбургалъул диваналъ туснахъалда ругезе рищиязда гIахьаллъиялъе рес кьеялъул тIалаб данде кколарин Россиялъул конститициялде ва ЕСПЧялъул ихтияр гьечIин Россиялъул Аслияб къануналда хиса-басиял тIалаб гьабизе.

Гьелдаго цадахъ гьеб диваналъул лъазабиялда абулеб буго гьаркьал кьеялддаса махIрум гьарун ругин гIицIго колониялда ругел туснахъалин. Диваналъул пикруялда. гьеб кколеб гьечIо дискриминациялъун.

2013 соналда Европаялъул диваналъ къабул гьабуна цере туснахъалда рукIарал Сергей Анчуговасул ва Владимир Гладковасул гIарза жанир рукIараб мехалда гьаркьал кьеялдаса махIрум гьарун рукIиналда хурхараб. Страсбургалъул диваналъ тIалаб гьабун букIана гьеб гIунгутIи хисизаби.

XS
SM
MD
LG