17 апрелалда полициялъ ккун вукIун вуго «Черновик» газеталъул мухбир ва блогер ГIумар Бутаев. Низам цIунулез чIухьги бан гьесул рокъоса босун ун буго компьютер ва цогидаб аппаратура.
Бутаевас Фейсбукалда хъвахъе, чIухь базе ордер кьеялъе г1иллалъун кун батизе бегьула экстремистазулгун гьесул бухьен букIиналда низам цIунулезул щаклъи ккей.
Жибго «Черновик» газеталъул хIалтIухъабаз низам цIунулезул хьвада-чIвади хурхинабулеб буго Бутаевас хъвалел макъалабазда ва интернеталда гьес толел хъвай-хъвагIаязда.