МагъчIваялъе рес

Эквадоралда ракь багъарун, 77 чи чIван вуго


Эквадоралда шамат къоялъул къаси гIага-шагарго микьго баллалъул гуч бугеб ракь багъариялъул хIасилалда 77-гIан чи чIван вуго, 600-гIанасев лъукъана.

Гьадин лъазабуна гьеб улкаялъул вице-президент Хорхе Гласица.

Associated Press агентлъиялъул баяналда рекъон балагь ккараб бакIалде гIадамазе хIалае витIун вуго анцIазаргогIан рагъулав хъулухъчи.

XS
SM
MD
LG