МагъчIваялъе рес

Исана 161 лъимер чIван буго Афгъанистаналда


Афгъанистан. Лъукъарал лъимал.
Афгъанистан. Лъукъарал лъимал.

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ гьатIан къоялъ загьирабураб жиндирго докладалда лъазабуна, исана сон байбихьаралдаса Афгъанистаналда 161 лъимер чIван вугин ва 449 лъимер лъукъанин гьениб халат бахъунеб зулмуялъул хIасилалда.

ООНалъул хасаб къукъаялъул бетIер Даниель Беллица абуна, улкаялда унел ругел рагъулал ишазул хIасилалда бищунго кIудияб зарал щолеб бугин руччабазе ва лъималазеилан.

Гьединал ишал лъималазул ахазда, азарханабазда ва мактабазда аскIоб нахъеги халат бахъине бугони, къурбаназул къадар цIикIкIине бугин.

XS
SM
MD
LG