МагъчIваялъе рес

Япониялда ракь багъарун, 32 чи чIван вуго


Япониялда кIиго нухалъ ракь багъарун, 32 чи гIумруялдаса ватIалъана ва 1500-гIан чи лъукъана, ян лъазабулеб буго Associated Press агентлъиялъ. Нус-нус азарго чи ток гьечIого хIутана, гьединго лъим бачунеб система хвезабун буго, 200-гIан рукъги бихъун буго.

ТIоцебесеб нухалъ ракь багъарана рузман къоялъул сардилъ Кюсю чIинкIилълъиялда. Гьелъул гуч бахана анлъго бащадгун баллалде.

Гьелъул хIасилалда анцIго чиясе къадар лъугьана. КIиабилеб нухалъ жеги кутакаб куцалда ракь багъарана добго бакIалда ва гьелъ 22 чи чIвана. Балагь ккараб бакIалде рачIарал хвасарчагIаз ва аскакрияз чIаго хутIарал гIадамал рала-гъалагьулел руго.

XS
SM
MD
LG