МагъчIваялъе рес

Рималъул Папаца 12 мигрант вачун вуго Грециялдаса Италиялде


Рималъул Папа Францискица Константинополалъул патриарх Варфоломейгун ва Афинабазул архиепископ Иероним КIиабилесевгун цадахъ 16 апрелалда Грециялъул Лесбос абулеб чIинкIиллъиялде вачIун, гьениб гъулбас лъуна цадахъаб лъазабиялда гъоркь.

Лъабавго рухIанияс дунялалъул жамагIаталде ахIи бана мигрантазулгун тIадрекъей гьабиялде.

Лесбосалда бугеб «Мория» абулеб тIурун чIаразул мархьиялда ругел мигрантазухъе ваккун, Рималъул Папаца гьезде абуна, нуж янгъизаб рукъор гьечIин, гьединлъидал, хьул къотIараб хIалалда чIогеян. Ватиканалде тIад вуссулаго, Рималъул Папа Францискица жиндаго цадахъ 12 мигрант вачун вуго Италиялде. Гьезда гъорлъ – анлъго лъимер.

XS
SM
MD
LG