МагъчIваялъе рес

ГIиллаги гьечIого рокъоса къватIире гъолел руго 20 хъизам


МахIачхъалаялъул Нефтеперегонная къотIноб бугеб минаялъур гIумру гьабун ругел гIадамаз гIарз гьабулеб буго, жал хIалица гьениса нахъе рахъинарулел ругилан.

ГIиллаги гьечIого рокъоса къватIире гъолел руго 20 хъизам
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:49 0:00
Интернет-мухъ

Жидерго разигьечIолъи загьир гьабун гьез гIарза хъван буго Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диванханаялде. Гьал къоязда жидерго къварилъиялъул бицине гьез ахIун рукIана республикаялъул информалатазул вакилзаби.

Гьеб ккола 1912 соналъго бан букIараб цотIалаялъул мина. Исана 114 сон балеб букIаниги щибниги гъая ккечIого руго гьелъул къадалги, жибго минаялъеги щибниги къварилъи гьечIо. Амма гьединаб сахаб хIалалда букIаниги риххун ине къачIарал минабазда гъорлъе бачун буго гьеб мина. Гьелъул хIакъалъулъ гьезда лъан буго араб соналъ. Лъазе гьабураб къагIидаги бугин бокьарав чиясул ракIрелъилеб гIадабилан абулеб буго гIадамаз.

Дагестанская Правда газеталдаcа лъазабун букIанин гьелъул хIакъалъулъилан абун буго гьезда. Амма гьеб газета цIалулев чи жидер минаялъув щивниги гьечIилан абулеб буго гьений гIумру гьабун йигей Загьидат НурмухIамадовалъ.

Газеталдаса гьединаб лъазаби гьабун гурони тIокIаб, я официалияб шагьаралъул нухмалъиялъул рахъалдаса, ялъуни мина хIакъикъаталдги биххун ине къачIараб бугилан чIезабизе кколеб хасаб комиссиялъул рахъалдаса гьениве щивниги вачIун гьечIо. ВачIун вуго я жиндир цIар бицинчIев, щиб хъулухъ-пишаялъулалиги лъаларев цо щакав чи.

Загьидат НурмухIамадова: «Мун щиб гьабулев, киса ва лъица витIун вачIарав чиян гьикъидал, гьев нижее жавабги кьечIого рахъулаго сураталгун гьаниса рикIкIалъана. ЖКХ ялдаса цо Муслимат абурай гIадамалъул бетIерлъиялдаги цо чанго чи вачIун вукIана.

Нижеца гьезда абуна рилъайин бихьизе нижер кьватI-кьватIарал къадалги, рортун рачIунел чIалабиги, гIекколеб тIохги, гьечIел цогидалги шартIалги рихьизе рилъллъайин нужеца кагътида хъван бугелъул гьедин.

Цебехун гьанибеги берги баккичIого анцI-анцI километралъул манзилалдасан хъвалеб жойищ букIунеб рукъалъул ахIвал-хIал кинаб бугебали?

Гьеб киналъулго ишги лъалел, лъайги бугел чагIаздаса гIуцIараб комиссия бачIаян абе гьанибе кинаб мина гьаб бугебали бихьизе. ХIукуматалдаса цо копейк гIарацги бихьичIого нижеца къачIараб тIохги бихьизе, месед гIадин жанисан къачIарал рукъзалги рихьизе рачIаян абе».

Гьейги малъун кинабниги 20 хъизам буго жакъа гьеб минаялъуса нахъе гочинаризехъин. Гьединаб ахIвал-хIал букIаго, щайин ниж нахъе рахъинарулел ругелилан гIарзалъ индал лъабго диваналда гьел къун руго. Диваналъ гьезие бачараб цохIого цо далил букIун буго, нуж нахъе гочинаризе рукIиналъул нужеда газеталдаса лъазабун букIанилан.

Гьезда рукъ цурал, 114 соналъ цере рарал гьединалго минаби руго гьезда мадугьалихъ жеги чангониги. Амма щаяли гьел риххун ине къачIарал минабазде гъорлъе рачун гьечIо. ХIатта гьазул цо-цоял хIакъикъаталдаги тIатIала инедухъ чIунтун ругониги.

Гьениб цо хIилла букIиналда ракIчIун буго НурмухIамадова Загьидатилгги гьелъул мадугьалзабазулги. Жидер мина бугеб бакIги нахъе биххизабун гьениб таксопарк базе къаригIун рагIулин цо лъиеялигоян абураб хабар лъан буго гьезда.

Гьениса нахъеги гочинарун гьел рахъинаризехъин бугеб бакI буго, Эльтавалъулин абулеб рохьалда аскIоб бугеб бакI. Гьениб киналниги шартIал гьечIолъи гуребги, гьениб рукъ босизе кканин жидер щивасе кьоелб бугин 300 зарго гъурущ, рукъалъул хутIараб багьаялъухъ гIарац жидецаго кьезе кколеб бугин, 23 азарго гъурущ квадраталъул метраялъухъги кьунилан абуна Загьидатица.

ТIубараб гIумруялъ данде гьабураб гIарацги кьун босун букIанин жиндица гьаниб рукъ 1991 соналъ, хутIараб гIарацги данде гьабун гьанже заманалъул шартIазда рекъон къачIазеги къачIанин. Гьанже щайин жий щибниги багьана гьечIеб минаялъуса нахъе гочинайизе кколей?

ГIабдулаев Казим: «Дун гьанив гIумру гьабун вуго 2002 соналдаса нахъе. Гьаб минаялъ хIехьараб къо цогидал минабаз хIехьечIо. Киназдаго ракIалда батила 1998 соналъ Пархоменко къотIноб гIадамаз гIумру гьабулеб мина кьвагьун букIараб куц.

Доб мехалъ дора аскIор гIумру гьабун рукIарал гIагарлъиялъул гIадамал рачIунел рукIана гьанире гьалъул щулалъи бихьизе. 70 см биццалъиялъул къадал руго гьанир, цо-цо бакIазда абуни гьезул биццалъи буго 80 см. Минаялда жаниб кибго буго бухIараб ва цIорораб лъим, канализация, сан узел, хIасил-калам киналго шартIал руго гьанир.

Лъиданиги бачIеб экспертизаги тIобитIун гьезул гьабураб халгьаби буго гьалъул. Жеги 50 соналъ ракIчIун жаниб гIумру гьабизе бегьула гьаниб. Кин гьадинаб мина риххун ине къачIарал минабазда гъорлъе хъвалебали дида бичIчIуларо».

Гьадин бицана «Эркенлъи» радиоялъе 15 гIан соналъ гьенив гIумру гьабун вугев ГIабдулаев Казимицаги

Чанго нухалъ хIалбихьаниги, я республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе, я гьесул рахъалдаса гIадамазул къварилъи-гIатIилъи цIехон, республикаялъул бакI-бакIалде щолев ГIалибег ГIалиевасухъе нух бахъизеги рес ккун гьечIо гьезул.

Гьанже гьел ралагьун чIун Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналде хъвараб касационныяб гIарзаялъе жаваб гьабиялъухъ.

XS
SM
MD
LG