МагъчIваялъе рес

Македониялъул президентасда халкъалъул бугеб ццим


Македониялъул парламенталъул спикер Трайко Веляноски
Македониялъул парламенталъул спикер Трайко Веляноски

5 июналда Македониялда парламенталде рищиял тIоритIизе руго. Болжал щвелалдего гьеб парламенталъул хIалтIи чIезе теялда бан гьаркьал кьуна гьанжегIагар гьелъул депутатаз. Гьедин лъазабуна спикер Трайко Веляноскияс.

Бицен гьабулеб хIужаялъе гIиллалъун ккана гьеб улкаялъул президентасда халкъалъул ццим бахъун букIин. Президент Георге Ивановас хIукму гьабуна тамихIалде цIазехъин рукIарал пачалихъиялгун жамгIиял хIаракатчагIи ва политикал – кинавниги 50 гIан чи – жахIалго тезе.

Гьелъ халкъ къватIибе бахъун, митингал гьаризе лъугьана. Цинги байбихьана президент нахъе ине кколин, яги дол чагIазе тамихI гьабизе кколилан тIалабал цере лъезе.

Гьединго парламенталде тIоритIизесел рищиялги цIакъго нахътIамун теян чIун рагIула гьел оппозициялъул чагIи. Гурони гьанжегIагар гьел тIоритIани, кинабгIаги ритIухълъи букIине гьечIила рищиязда.

XS
SM
MD
LG