МагъчIваялъе рес

Хит шагьар эркен гьабуна


Хит шагьар. 2016 соналъул 12-билеб апрель
Хит шагьар. 2016 соналъул 12-билеб апрель

14 апрелалда ГIиракъалъул рагъухъабаз лъазабуна Багъдадалдаса бакътIерхьул рахъалдехун бугеб Хит абураб шагьар тIубанго эркен гьабизе кIванин жидеда «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялъул кверщаликьа. Россиялдаги цогидал улкабаздаги гьукъараб, террористиябин лъазабураб гIуцIи ккола гьеб.

Хит шагьар эркен гьабизе байбихьи лъун буго исана марталда.

XS
SM
MD
LG