МагъчIваялъе рес

«Платоналъ» къуркьизарулел руго дальнобойщикал


15 апрелалдаса бахъун Россиялда цо нухалъ сапаралъ ине рес кьолел «Платон» системаялъул маршруталъулал картаби нахъе рахъулел руго.

please wait

No media source currently available

0:00 0:03:57 0:00
Интернет-мухъ

Гьанжеялдаса бахъун «Платон» системаялда хъвай-хъвагIай гьечIел юк баччулел чIахIиял машинабазе рес букIине гьечIила Россиялъул нухаздасан хьвадизе. Амма Дагъистаналъул юк баччулел машинаби ругел чагIаз «Платон» системаялда хъвайхъвагIай гьабизе ракIалда гьечIин абулеб буго.

РикIкIаде хьвадулел юк баччулел автомобилазул бетIергьабазе «Платон» системаялда кидагосеб хъвай-хъвагIай гьабизегIан кьолел рукIарал цо нухалъ сапараль ине рес кьолел картаби нахъе рахъизе хIукму къотIун буго тIолго Россиялда «Платон» системаялъул операторалъ.

Гьеб хIукму хурхараб бугила, рикIкIада манзилалъ хьвадулел юк баччулел чIахIиял машинаби рачунез кидагосеб хъвай-хъвагIай системаялда гьаби нахъбахъун толеб букIиналда.

Хъвай-хъвагIай гьечIел юк баччулел машинабазул бетIергьабазе гьанжеялдаса бахъун рес букIине гьечIила хъвай-хъвагIай гьабичIогон ва счетчикал лъечIогон Россиялъул нухаздасан хьвадизейин баян гьабулеб буго «Платон» системаялъул официалияб сайталда.

Амма Дагъистаналда ругел рикIкIада манзилалда юк баччун хьвадулел машинабазда хIалтIулел хIадур гьечIо Платоналда гъорлъе лъугьине. Гьеб хIажат гьечIеблъун бихьулин жидеда, щайин абуни, гьел счетчикал лъуразги цониги чияс гьеб машинаялда лъун гьечIин, гьеб рокъобе рехун бугин бицана «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда Гъаякент мухъалдаса рикIкIада манзилалъ хьвадулев Залимхан НудюргIалиевас.

Залимхан НудюргIалиев: «Гьеб «Платон» системаялда хъвай-хъвагIай гьабурал чагIи ратизеги бегьула цо чанго нусго, амма гьелъул тIалабго гьабулеб гьечIо лъицаниги. КиналгIаги картабиги гьечIогон, гьадинго хьвадулел руго аслияб куцалда.

Гьезул суратал рахъула нухазда чIезеги гьарун, гIакIабиги хъвала, амма гьел гIакIаби лъицаго кьоларо. Дица хIал гьабун тIадецуй гьабулеб букIиналъ гьабизеги бегьула гьеб системаялда хъвай-хъвагIай, амма гьенибе гIарац дица кьезе гьечIо.

ГIарац хIажалъун лъидал гьез гьеб хъвай-хъвагIай гьабизабулеб бугеб. Руго цо-цо юк баччулел машинабазда хIалтIулезул гIуцIаби гьеб системаялда хъвай-хъвагIай жидеца гьабурал, амма гьезги гьел счетчикал руго рокъор, яги офисалда лъун, гьел чIахIиял машинабазда лъурал чагIиго дида лъаларо.

Рекъезабун батила иш, хIалтIухъабигун. «Платон» система кида-къадги къабул гьабичIогон рес гьечIин кколеб буго дида, пачалихъ цIакъ къуватаб машина буго».

Цо нухалъулал мартшруталъул картабазда рекъон, сапаралъ рахъине бегьулаанин анкьго нухалде щун, гьел росулаго дагьаб гурого информацияги кьезе кколароанин, гьелдаса пайдаги босулеб букIанин рагIдукь ругел юк баччулел чагIазин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул Транспорталъулгун энергетикаялъул ва бухьеналъул министрелъиялда.

Жакъа къоялде Дагъистаналда 20 азаргоялдаса цIикIкIун чIахIиял, юк баччулел автомашинаби ругила, цо-цо баяназда рекъон гьезул къадар 25 азаргоялдеги бахунеб буго, амма гьезда гъорлъа «Платон» системаялда хъвай-хъвагIай гьабурал ругила гIицIго 500 чIахIиял автомашинаби.

Бищунго «Платон» система хIалтIизе биччаялда данде бугеб регионазул цояблъун Дагъистан кколеб букIиналъ бичIчIизабулеб бугила гьеб тарихин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул рикIкIаде хьвадулел юк баччулел автомобилазул ассоциациялъул бетIер МаламухIамадов Рустамица.

МалламухIамадовас баян гьабуна, апрель моцIалда букIине кколаанин тIолго Россиялъул юк баччун рикIкIаде хьвадулел автомобилал рачунезул съезд. Гьенир гьоркьор лъезе ракIалда букIанила жидер киналго суалалги, тIалабалги хадуб щиб гьабилебалиги. Амма февраль моцIалъул ахиралда бахъараб, автораллиял демострациязда ва пикетазда ращад гьарулеб къануналъ жидер багъа-башари секьизабунила.

Гьанибго абизе ккола, Дагъистаналда рикIкIада манзилазда хьвадулел чIахIиял, юк баччулел автомашинаби рачунезул цолъиялъул координатораз гьабулеб хIалтIи тIубан чIун бугилан.

ГIемерисел координаторал мухъазул ва шагьаразул Жанисел ишазул бутIабазде ахIун, гьениб гара-чIвари гьабуралдаса гьез инкар гьабун буго цолъиялда гъорлъ рукIине. Экспертаз гьеб хурхинабулеб букIана пачалихъалъ цолъиялъул вакилзабазде тIадецуй гьабулеб букIиналда.

XS
SM
MD
LG