МагъчIваялъе рес

Имам МухIамаднаби туснахъалда вухун вуго


Dagestan--Magomednabi Magomedov, imam of Hkasavyurt mosque
Dagestan--Magomednabi Magomedov, imam of Hkasavyurt mosque

Чанго такъсиргьабиялъул гIайибги гIунтIизабун туснахъ гьавун вугев Хасавюрталъул салафиязулин рикIкIунеб «восточная» мажгиталъул имам МухIамадов МухIамаднаби МахIачхъалаялъул туснахъалда вухун вугин, гьев хIакъир гьавулев вукIун вугин туснахъалъул хIалтIухъабазилан лъазабулеб буго имамасул адвокат МухIамадов Салимица. Гьесул рагIабазда рекъон МухIамадовасе гIакъуба кьолеб куц видеокамераялдегицин бахъун буго.

Имам МухIамаднаби туснахъалда вухун вуго
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:47 0:00
Интернет-мухъ

Адвокатас бицухъе Хасавюрталъул полициялъул бутIаялда ккурав МухIамаднаби цин МахIачхъалаялъул заманалъ гIадамал жанир тIамулел туснахъалде вачун вуго. Нахъисеб къоялъ МахIачхъалаялъул цIех-рех лъугIизегIан гIадамал жанир тIамулеб тIоцесебе туснахъалде вачун вуго гьев. Гьениве щун вахъиналде цо рокъове жанивеги вачун гьесде тIаделъун руго низам цIунулел.

Салим МухIамадов: «5-6 чияс вуханин живилан бицана МухIамаднабица. Гьезие къваригIун букIун буго имамасде гIунтIизарулел ругел гIайибазе гьев мукIурлъизе. Гьесде терроризмалъе квербакъиялъул ва гьеб ритIухъагьабиялде гIадамал ахIиялъул гIайибаллъидал гIунтIизарулел ругел. Резнал тIилаз, малал ран вухун вуго гьев.

Гьелда тIадеги накабазда чIчIезавун, хIакъир гьавулев вукIун вуго гьев. Гьеб кинабго иш видео камерабиги ругеб рокъоб жаниб гьабулеб букIанин бицана дида МухIамаднабица.

Гьел камерабаздасан кинабго гьениб лъугьа-бахъунелъухъ балагьарал гIадамал рукIун ратилин, гьезда бихьизабизелъун ургъунго инжит гьавулев вукIун ватилин гьевилан кколеб буго дида. Яги гьеб кинабго камераялдеги бахъун цониги чиясухъе хIисаб гIадин кьезехъин батизеги бегьула.

Гьенив вухун хадуб Каспийскалъул изоляторалде вачун ватана гьев. Гьенивеги виччалев вукIинчIо дун гьез, дица прокурорасухъе гIарза хъвалин абун ахIи-хIур гьабизе лъугьараб мехалда къаси ичIгоялда ворчIана дун жаниве.

Гьеб мехалда бицана имамас кинабго. Рачлихъа гъоркьа рахъалда хъахIиллъи гьечIеб, би речинчIеб бакI гьечIо гьесул. Жинда кьабурал чагIи щалали ратIа рахъизе кIвезе буго гьесда, гьезул цоясул цIарцин лъалеб буго имамасда».

Имам МухIамаднабица туснахъалда жиндиего кканщиналъул хъван гIарза кьун буго адвокатасухъе. Гьеб гIарза Дагъистаналъул прокуратураялдеги, цIех-рехалъул идараялдеги кьун буго.

Гьединго халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъабазби Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб инсанасул ихтиярал цIунулеб комитеталде гIарза хъван буго имамасул ихтиярал цIунизе кумек гьабейлан тIалабги гьабун.

8 апрелалда Хасавюрталъул азарханаялда аскIоб бугеб мажгиталде рузманалде рачIарал салафиязул гIолохъаби полициялъ ккун хадур, гьел эркен гьарейлан тIалаб гьабизе Хасавюрталъул жанисел ишазул бутIаялде араб бакIалда ккуна имам МухIамаднаби.

Анкьидасан цIидахъан гьаб рузман къоялъги о Дагъистаналда халат бахъунеб буго тIарикъат гуреб Исламалалъул батIиял чвахиязда хадур рилълъарал гIадамазде тIадецуй гьабизе.

15 апрелалда МахIачхъалаялъул салафиязулин рикIкIунеб генерал ГIумаровасул къотIноб бугеб мажгиталъуса рузманалде вачIарав 200 гIан чи ккун вугин лъазабулеб буго мажгиталъул хIалтIухъабаз. Гьез бицухъе рузман байбихьилалдего мажгит сверун ккун букIун буго цIакъ гIемер рахъулаб техникаялъ, полициялул автомобилаз ва автобусаз. Нусгониги полициялъулав вукIун ватилила гьенив, тIубараб къватгIи къан, мажгиталде унелги, гьениса рачIунелги кколел рукIанин гьезилан абурал баянал руго.

ГIадатиял полициялъулал гурониги МахIачхъалаялъул жанисел ишазул бутIабазул нухмалъулелги цойги полициялъул офицералги рукIанила гьенирилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе мажгиталда рукIараз. Гьез мажгиталъуса рачIунел цере рата-ратарал ккун рачунел рукIанилан. Полициялъулаздаги мажгиталде рачIараздаги гьоркьоб тунка-гIуси ккеялъул хIужжаби рукIун гьечIо.

Гьединго 14 апрелалъул къаси мажгиталъуса вачIунаго полициялъулаз ккун вуго ХIизб-ут-Тахрир абулеб исламияб партиялъул рахъкколев Мамедов Зураб. Гьев цевеги чанцIулго ккун вукIана низам цIунулез, гьесдаса ДНКялъе хIажатаб материал кьейилан тIалаб гьабулеб букIана низам цIунулез.

Гьеб кьезе инкар гьабулеб букIана Зурабицаги. Жиндица щибиниги такъсирги гьабун гьечIила, къуваталъул идарабазул базаялда вукIине кколев чи гурини живилан чIчIун вукIана гьев. Щибаб нухалда чанго сагIаталъ полициялдаги тун виччалев вукIана гьев.

Гьаб нухалда ккун хадуб гьесухъе ярагъ реххун бугин низам цIунулез, гьанже къануналде дандекколаредухъ ярагъ цIунияялъул гIайиб гIунтIизабулеб бугин гьесдейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Зурабил лъадуца.

XS
SM
MD
LG