МагъчIваялъе рес

Хасавюрталъул «Восточная» мажгиталда чIухь бан буго


Хасавюрталда бугеб «Восточная» мажгиталда чIухь бан буго 14 апрелалда низам цIунулез. Мажгиталде хьвадулел гIадамаз бицухъе, гьениса нахъе рахъун руго компьютерал ва цогидаб техника. Мажгиталда чIухь бай хурхинабулеб буго гьеб мажгиталъул имам ккун вукIиналда.

Хасавюрталъул «Восточная» мажгиталда чIухь бан буго
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:15 0:00
Интернет-мухъ

Туснахъ гьавун вугев имам МухIаммаднаби МухIамадовас имамлъи гьабулеб букIараб «Восточная» мажгиталда сверухъ рагъулаб техника бакIарун, гьенире 14 апрелалъул радал гIадамал риччалел рукIун гьечIо. Хадубалде баянлъана низам цIунулез мажгиталда чIухь балеб букIараблъи.

«Восточная» мажгиталъул хIалтIухъан Мурад Дибировас «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна, гьеб чIухь бай рогьалидасаго букIанин. Мажгиталдаса щунгиги ккун вачун арав чи ккечIила, амма гьенире щивго виччалев вукIинчIила кинабго рагIалде бахъинегIан.

Мурад Дибиров: «Дун гьениб чIухь балеб мехалда гьенив вукIинчIо. Дихъе ахIун бачIана, гьениб чIухь балеб бугин ва гIадамал риччалел гьечIилан. ЧIухь бан буго мажгиталда бугеб имамасул кабинеталда.

Гьеб чIухь бай, абулеб бугоха, имамасда тIад рагьараб такъсир гьабиялъул ишалда гъорлъ бараб бугилан. ГьабсагIаталда мажгит хIалтIулеб буго. Щибго къварилъиги гьечIо. Цониги чиги ккун вачун инчIо.

ГIадамазда квеш букIун буго гьеб кинабго лъугьа-бахъунеб, гьеб чIухь байги, имам ккун вукIинги. ГIадамал къватIире рахъиналда ва цогидалда данде руго мажгиталъул хIалтIухъаби.

ГIицIго гIадамазул хIинкъи буго, метерисеб рузманалда тунка-гIуси ккелилан. Щай гурелъул гьенир рукIине рес буго правокаторалги ва цо-цо мажгиталде рачIунезда гъорлъ ратизе рес буго гьел провокациябазде гьусулелги».

Мурадица баян гьабухъе, мажгиталде рачIунел гIадамал гIаммаб куцалда рази гьечIого руго лъугьа-бахъунелдаса.

Араб рузман къоялъ, 8 апрелалда Хасавюрталъул мажгиталда ккун рачун арал гIадамал эркен гьари тIалаб гьабун Жанисел ишазул бутIаялде арав МухIаммаднаби МухIамадов ккун вуго гьес гIадамал терроралъулаб жигаралде ахIулел рукIанилан абун.

ГьабсагIаталда МухIамадов Хасавюралдаса МахIачхъалаялде вачун вуго. Диваналъ имамасе кIиго моцI туснахъалъул кьезе хIукму къотIун буго.

Араб рузман къоялда гIадамал ккун рукIана МахIачхъалаялъул Венгразул рагъухъабазул къотIоб бугеб салафиязул мажгиталдаги. ЦерегIан къояз, гьеб мажгиталде мехтарал полициялъул рачIун, гьезул гьениб рекъечIеб хьвада-чIвади букIанин лъазабулеб букIана.

Гьелда бан, мажгиталъул тIалъиялъ полициялъул бутIаялде хъван буго гIарза, амма гьеб къабул гьабичIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе мажгиталъул хIалтIухъан МухIаммад МухIамадовас.

МухIаммад МухIаммадов: «Киназго щибго жо ккечIеб ххвел гьабулеб буго. Официалияб куцалда Жанисел ишазул министерлъиялъ щибго жавабги гьабичIо, мехтарал полициялъул хIалтIухъаби мажгиталда жанире рачIун, гьениб гьез рекъечIеб хьвада-чIвади бихьизабиялда бан. Гьез, нижеца гIайибиял тамихIалде цIал тIалаб гьабун хъвараб, гIарзаги къабул гьабичIо.

Гьезухъе почтаялдаса битIана. Прокуратураялда гIарза къабул гьабуна ва киналъулъго хал гьабилин абуна. Жанисел ишазул бутIаялда гьел полициялъулал мажгиталде жанире рачIинчIин ва гьел гьенир кIалтIа рукIарал чагIи ругилан абулеб буго, амма нижехъ буго видео. Гьеб прокуратураялъухъе кьезе буго».

Салафиязул жамагIаталда жаниб ахIвал-хIал хIалуцараб бугин, гьезде тIадецуй цIикIкIинабулеб бугилан баян гьабулеб буго экспертаз. Ахираб заманалда, республикаялда терроралъулаб жигар цIилъиялда хурхинабулеб буго гьеб цо-цояз.

Амма тIадецуялъ радикализацияги цIикIкIинабизе рес бугила. Жакъа къоялъ хIажат бугила щвалде щвараб диалог тIалъиялъулги къуваталъул идарабазулги жамагIатгун.

XS
SM
MD
LG