МагъчIваялъе рес

Халкъги, коррупцияги, цIияб партияги


Араб анкьил аслияб лъугьа-бахъинлъун кканин абизе бегьула ахираб заманалда машгьурлъараб "Коррупциялда данде халкъ" абураб федералияб политикияб партиялъул вакилзабаца Шамил районалда тIобитIараб данделъи.

Гьенив халкъалда цеве вахъана цевехун гIадамазда гIемер вихьичIев гIолохъанчи МухIамадхIабиб Тажудинов. Гьев рагIула партиялъул Дагъистаналъул бутIаялъул цевехъан. КIалъазе лъалеб бугоан, вихьизеги гIемер саламатав, гIезегIан гIенеккарал тIаде цIалеб къуваталъул гIолохъанчи вугоан.

Хасго данделъиялда рукIараз лъикI къабул гьабуна партиялъул тIоцебесеб номерлъун республикаялъул парламенталде ине вугин Бакълъухъ росулъа Дагъистаналъул муфтиясул тIоцевесев заместитель МухIамадрасул Саадуев абидал. МухIамадрасул гIарабги цIаларав, гIурусги лъалев, жамгIияб ва политикияб гIумруялъулъ гIезегIан хIалбихьиги бугев чи хIисабалда лъала Дагъистаналда.

Жибго "Халкъ коррупциялда данде" абураб лозунг рищиязда цебе гьадингосеб жо буго. Гьеб коррупционеразцин рорхатал трибуназдаса бицуна. Гьеб партиялъул аслияб къуват, ресал ва сурсатлъун лъугьунеб буго гьелда нахъа Дагъистаналъул муфтий АхIмадхIажи ГIабдулаев ватани. Щай гурелъул жакъа Дагъистаналда гьесдаса цIикIкIун жамгIияб ва политикияб сурсат бугев чи гьечIо, официалияб власть, хIукумат рикIкIинчIого.

Гьезул щибаб районалда ва росабалъ жидерго имамзаби, ячейкаби, жамагIаталда тIад асар бугел церехъабиги руго. Гьаб багъа-бачариялъулъ бичIчIулареблъун лъугьун буго цохIо рахъ - республикаялъул нухмалъиялъулгун гьеб партиялъул церехъабазул гьоркьоблъи.

Лъалеб букIахъе Рамазан ГIабдулатIиповас вачIинахъего жиндир аслиял гьудулзабилъун гьаруна Дагъистаналъул рухIияб идара. РакIалда ратила цадахъ ралел какал, рокъор къабул гьарулел, гьоболлъухъ хьвадулел, мавлидал ва мажлисал, вагIзаялгун кIалъаял, ахиралда шагьаралъул рагIалда 30 гектар ракьулги кьун гьениб Исламалъул центр рагьизе квербакъеян хитIабал, кIудияб гьуинлъиялда рукIана.

Идараялъ абун гьезул горсверулъа чагIи хъулухъазда танинги бицунаан. Хадуб гьезда гьоркьоб гьогьем кканин харбал тIиритIун рукIана, нахъойги рекъон ругинги рагIана, битIараб ялъуни гьереси лъаларо. Лъалеб жо буго Дагъистаналда цIияб политикияб партия бакки, лъалареб жо буго Дагъистаналъул бетIерасулгун Дагъистаналъул муфтиясул гьелдехун кинаб бербалагьи бугебали.

Муфтиясул квешаб букIине гьечIо, щай гурелъул гьенир цере рахъулел киналго чагIи гьесул муридзаби руго, гьес цо амру кьуни гьел кинабгоги тун рукъ-рукъалде руссине ккола гьел. Щибха абулеб бугеб живго Рамазан ГIабдулатIиповас?

Гьес хIал кIун гIемер чагIи жакъа парламенталда ругел жидер кварщаликь ругел партияздаса тункила. ЦIияб партия парламенталда бихьизе бокьи ва бокьунгутIи букIина гIицIго АхIмадхIажи ГIабдулаевасулгун Рамазан ГIабдулатIиповасул гьоркьорлъабазда бараб. Гьел квешлъизе гIилла дида бихьуларо, церехун рукIарал гьоркьорлъабазухъ балагьун. КигIан партиялъул вакилзабаца жал хасаб политикияб багъа-бачари бугин хIазе лъугьаниги гьезул жо кколаро исламияб жамагIатгун муридзаби гьечIого.

Дир хIисабалда муфтий жив пачалихъалъул суалазда гьоркьове лъугьунарин нахъегIан чIезе вуго, партиялъул вакилзабаца бегьуларебани гьес гьукъилаанги абун имамзабаздаса ва муридзабаздаса пайдаги босун гьабизе буго агитация.

Бахчун щай, диего бусурманчи хIисабалдаги, магIарулав хIисабалдаги, дагъистанияв хIисабалдаги рокьила рацIцIадалги гIакъилалги гIадамал парламенталдаги тIалъиялдаги рихьизе, амма гьеб мурадалъе гIоло жидер адабги гьабурав, кумекгун кверчIвайги гьабурав ГIабдулатIиповасда данде гьел ине бокьиларо.

Щай гурелъул цониги республикаялъул бетIерас гьесгIан кIодо гьабичIо идараги, муридзабиги. Гьелъухъ "къисас" босизе лъугьин дагьаб санагIат гьечIого бихьулеб буго. Гьесул заманалда коррупция гIемерлъун букIиналъ гьабулеб бугин гьаб багъа-бачариян абулеб батани, батIаго дов МухIамадгIалигун васги халваталда чIун рукIинчIо, дунялалдаса инкарги гьабун.

ГIалимзаби ва диниял церехъаби чIвачIеб моцI букIинчIо арал соназда, гьеб чIвай-хъвеялъул заманалда нилъ регIун рукIун ратиларо гьеб коррупция абураб жоялъул хIисаб гьабизе. Гьанже регIун руго, коррупция гьечIинги кинха абилеб щибаб рукъ-рукъалде бачIун гьелъ жибго букIин бичIчIизабулеб мехалда?

Гьелдехун къеркьейги хIажат буго. Парламент цIи гьабиги квеш гьечIо. Амма кинабго иман адабалъул ва цоцазул хIурмат цIуниялъул нухда, ракълидагун маслихIаталда ани бокьилаан. Гьаб макъалаялда хъвараб жо тIубанго бичIчIичIел ва гаргадулел чагIиги рукIина, амма гьаб бичIчIичIев чиясе щибалиго хъван бугин гIадалал жал рицун гаргадиялдаса, лъабго къулгьуги, лъабго алхIалмги, анцIго салаватги битIани беццараб букIина. Гьебги кье гьаб макъала хъварав дирги, цIаларав дургоги рухIалдаса. Хабаралги лъикIал рагIайги.

XS
SM
MD
LG