МагъчIваялъе рес

Россия – анлъабилеб бакIалда


СШАялъул Пачалихъияб департаменталъ тIибитIизабуна батIи-батIиял улкабазда инсанасул ихтиярал хвезариялда бан санайилго хIадурулеб доклад. Гьеб рахъалъ Россия анлъабилеб бакIалда бихьизабулеб буго гьениб.

Крымалъул оккупациялъги Украинаялъул бакъбаккул рахъалда лъугьараб конфликталъги инсанасул ихтияразе квешаб асар гьабунила. Россиялъул тIалъиялъ кумек гьабулеб букIанила гьенибе ярагъ баччизе. Гьелдалъун ракълилав аза-азар чиясе къварилъи кканин рикIкIунеб буго Америкаялъул аналитиказ.

Гьединго гьезул рагIабазда рекъон, Кремлялъ инсанасул ихтиярал хвезарурал жал гьаруна тIалъи какарал чагIазе – гьукъа-къаял лъурал къанунал рахъун, гьел туснахъалда тIамун.

XS
SM
MD
LG