МагъчIваялъе рес

«КIибетIераб» Буйнахъск


Буйнахъскалъул бетIерасул хъулухъалъе гIоло къеркьей гьереси документаздасаги, цин цояб рахъалде хадуб цойгидаб рахъалде кIанцIулел депутатаздасаги, журналисталги жанире риччачIого бахча-хьван тIоритIулел мэрасул рищияздасаги гьанже диваналъул залалде щун бугин абизе бегьула.

«КIибетIераб» Буйнахъск
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:15 0:00
Интернет-мухъ

Гьеб мэрлъиялъе гIоло къеркьелел ругел Буйнахъскалъул вукIарав мэрищ, вугев мэрищали бичIчIуларев ХIамзатов ХIусеница диваналде гIарза хъван буго жив хIалтIудаса нахъе ине вугин абураб гIарза гьеб гьереси документ бугилан, гьелъул кьучIалда гьабунщинабги къанунхвезаби кколилан. ХIамзатовасул рагIаби тадсикъ гьаруна гьесул гьариялда рекъон диваналъ гьеб гIарзаялъул экспертиза гьабидал.

Ставрополалъул экспертный централъ чIчIезабуна гьеб гIарза ХIамзатовас хъван гьечIин ва гьеб гьереси документ бугилан.

4 апрелалда шагьаралъул мажлисалъул депутатаз Буйнахъскалъул мэрлъун вищарав ГIамиров Закарья чIчIун вуго жинда лъалеб жо гурила гьеб гьереси гIарза.

Гьеб гIарза кисан бачIараб ва лъица гьеб гIуцIарабали чIчIезабизе хIал бихьулеб буго Буйнахъскалъул диваналъ. Гьениб арбагI къоялъ иргадулаб данделъиялда Буйнахъскалъул администрациялъул хIалтIухъабазул цIех-рех гьабулеб букIана.

Шагьаралъул бетIерасул аппараталде гъорлъе унев, администрациялъул тIалъиялъ къватIире кьолел киналго документазул иш нухда бачунеб бутIаялъул нухмалъулей Устарханова Наидаца диваналда абуна ХIамзатовас II январалда гьеб жив нахъе ине вугин абун гIарза хъван букIинчIолъи лъалила жиндидайилан.

Киналго мэрас хъварал документал цин жиндихъе рачIунила, хал-шалги гьабун, рекъезарун хIадурулила жиндица гьел гьелдаса хадуб мэрасухъе гъулбасизеги кьолилан. Гьединаб кIвар бугеб документ жиндихъе бачIинчIого букIине рес гьечIилан. Жинда гьеб документалъул хIакъалъул социалиял сайтаздасан лъанилан бицана гьелъ.

Устархановалъ нухмалъи гьабулеб гьебго бутIаялъул хIалтIухъан Айзудин Албасхановас бащадаб сагIаталъниги чIван къотIараб жавабал кьоларого диван халат бахъинабулеб букIана. Гьесие ХIамзатовасеги ГIамировасеги кIиязего рекъезабизе къваригIун бугин абун шуршур букIана диваналде рачIаразда гьоркьоб.

Диванчияс гьесда лъазабуна жиндица мун рукIине кколел баянал кьезе инкар гьабиялъ ва диваналдехун адаб теялъе гIоло тамихIалде цIцIазе вугилан. Гьелдаса хадуб хIалихъегIадин гара-чIварун лъугьарав Албасхановас абуна жиндида гьев ХIусен ХIамзатов хъулухъалдаса нахъе ине вукIиналъул хIакъалъулъ лъалеб жого букIинчIилан.

Гьес хъулухъ теялъул хIакъалъулъ хъвараб гIарзаги жиндида январалъул 11 яги 12 яги хадусел къояз бихьичIилан. Жиндица гьелъул хъвай-хъвагIайги гьабун букIинчIилан.

Гьел документазул хъвай-хъвагIай гьабулеб цIияб журналги босейила гьелда гьаб гIарзаялъул хъвай-хъвагIайги гьабейилан Закарья ГIамировас кьунила жиндихъе гьев ХIамзатовас хъванин абулеб бугеб гIарза. Гьелъул халгьаби тIобитIараб 18 январалда букIараб депутатазул сессиялда цересел къоял рукIанила гьелилан абуна Албасхановас.

Гьединго гьес тIаде жубана администрациялъул мугьруги жиндихъа нахъе босун анила ГIамировасилан. Чанго минуталъ вуцIцIунги чIчIун бабадилаго тIадеги жубана киналго администрациялъул цIиял бутIруз цин нахъе росулила жидехъа гьел мугьраби, хадур цо заманалдасан тIадруссунги рачIунилан.

Гьеб данделъиялда цебе букIаралда ГIамиров Закарьяца абун букIана жинда лъица ва кин гьеб гIарза хъвараб ва лъица гьелда администрациялъул мугьру кьабурабали лъаларилан.

ГIамиров Закарья: «Дир хIалтIулеб рокъоб бугеб столалда тIад цойгидал кагътазда гьоркьоб батана дида гьеб ХIамзатов нахъе ине вугин абун хъвараб гIарза. Дир хIалтIулеб рукъ админисрациялъул хIалтIухъабаз рагьун, къан букIуна. Дун вачIараб мехалда гьез рагьулаан дие гьеб. Лъица гьел кагътал дир столалда лъуралиги дица цIехечIо, гьанжелъагIан документал рачIунел рукIараз лъун ратилин тана.

ЦохIо дица гьеб гIарзалъул хъвай-хъвагIай гьабизе администрациялъул документазул хъвай-хъвагIай гьабулеб журнал босейилан лъазабуна гьел документазул иш рекъезабулеб бутIаялъул хIалтIухъанасда. Гьес бачIана 2015 соналъ байбихьараб журнал, гьебги лъугIун гьелда хадуб гIадатиял тIанчалги рекIинарун 2016 соналъул документазул хъвай-хъвагIай байбихьун батана.

Гьенирго ругоан ХIамзатов хIалтIуде вахъиналъул хIакъалъулъ гьес хъвараб гIарзаги, гьесул водитель хIухьбахъиялде витIиялъул хIакъалъул гьесго хIадурараб хIукмуги. Гьедин гьабичIого цIияб журналги босун гьеб хIалтIизабейилан лъазабуна дица, гьениб бищун цебе ХIамзатов нахъе иналъул хIакъалъулъ гIарзалъул хъвай-хъвагIайги гьабуна. Дица ургъунго гьереси журналги хIадурун гьениб гьереси гIарзалъул хъвай-хъвагIай гьабунилан абун гьелда сверун багъа-бачари гьабулеб буго».

ХIамзатовасги цересел диваназдаго гIадин гьенибги лъазабуна жиндица гIарзаги хъвачIин, жив хIалтIудаса нахъеги инчIилан. Гьединго гьес живго Буйнахъскалъул мэрлъун рикIкIунев вукIинги загьирлъана диваналда. Гьеб данделъи байбихьигун диваналъул гIахьалчагIаз жал щал щиб ишалъул чагIийила бицунаго цин ГIамировас абуна жив 4 апрелалдаса нахъе Буйнахъскалъул мэр вугилан. Хадубго ХIамзатовасги хьимхьилаго гIебеде квералги ритIун абуна живги шагьаралъул бетIер вугилан.

XS
SM
MD
LG