МагъчIваялъе рес

Йеменалда камиял ккана


Йеменалъул жанубияб рахъалда бугеб Аден шагьаралда хвалде унес бахъинабураб кьвагьиялдалъун гIумруялдаса ватIалъун вуго ункъо чи, лъукъун руго микьгоял. Кьвагьи бахъун буго футбол хIалеб гIурдаллъиялда.

Гьеб мехалда гьениб хъвай-хъвагIай гьабулеб букIун буго Йеменалъул армиялда хъулухъ гьабизе бокьарал гIолохъабазул.

Итни къоялъ, ай 11 апрелалда Йеменалда рагъ чIезе тана. президенту Абд Рабб Мансур Хади абун гьезул вукIарав президентасде гIагарал аскараз лъазабуна жал ракълиде рачIинин рагъ-муч гьабичIого хуситал чIаниян.

Цебекун гьел хуситазги лъазабун букIана жидеца рагъ чIезабилилан. Йеменалда гьеб хIалуцин буго 2014 соналдаса нахъе. Хуситазул рахъ кколеб буго Ираналъги Йеменалъул вукIарав президент ГIали ГIабдалл СалихIиде гIагарал аскаразги. Гьезда дандечIун руго Абд Рабб Мансур Хадиде гьетIи бугел аскаралги СагIудиязул ГIарабиялъ нухмалъи гьабулеб гIарабазул коалицияги.

XS
SM
MD
LG