МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда «ГIумарил операция»


Афгъанистаналда «ТIалибан» багъа-бачариялъ лъазабуна Америкаялъул рагъухъабазде тIадекIанцIиял гьаризе байбихьулеб бугилан. Гьединан гьабула гьез щибаб ихдал. Боевиказ бицухъе, улкаялда киса-кирго рукIине рагIула кIуди-кIудиял гьужумал. Гьеб операциялда цIар лъун буго «ГIумарил операция» абун. Гъоркьисала чIварав ГIумар абурав динияв цевехъан кколев вуго гьев.

Афгъанистаналъул хIукуматалъин абуни исламияб къокъа ракълиде ахIулеб буго. Гъоркьанкьида Кабулалде щварав СШАялъул пачалихъияв секретарь Джон Керрицаги гьабуна гьединабго хитIаб.

XS
SM
MD
LG