МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда 12 аскарияв чIван вуго


Жалалабадалда 11 апрелалда кьвагьизабураб автобус.
Жалалабадалда 11 апрелалда кьвагьизабураб автобус.

Афгъанистаналъул Жалалабад шагьаралда аскIоса автобус унеб мехалда, кьвагьи бахъун , автобусалде рекIарав I2 рагъулав хъулухъчи чIван вуго, ян лъазабуна тохтурзабаз. Жеги 38 чи лъукъун вуго. Гьезул гIемерисел – захIматаб хIалалда азарханаялда регизарун руго.

Полициялъул лъазабиялда рекъон гьеб букIана суицидалияб гьужум. Цо мотоциклистас аскIовеги вачIун, кьвагьулеб алат хIалтIизабуна. Теракталъул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо.

XS
SM
MD
LG