МагъчIваялъе рес

Яценюкица хъулухъ толеб буго


Украинаялъул хIукуматалъул бетIер Арсений Яценюкица лъазабуна жив хъулухъалдаса нахъе унев вугилан. Жинца хIукуматалъул бетIерасул хъулухъалдасаги цIикIкIарал тIалабал тIуразе кколел рукIин бихьулеб бугин жиндаян абуна гьес телевидениялдасан хитIаб гьабулаго.

10 апрелалда Арсений Яценюк телефоналдасан кIалъана СШАялъул вице-президент Джозеф Байденилгунги.

Гьес досие баркала кьуна гьеб хъулухъалда вукIаго Яценюкица цадахъ рекъон гьабураб хIалтIухъ, хасго ахираб кIиго соналда жаниб Европаялъул цолъиялъулгун ассоциациялъе къотIи-къай гьабуралъухъ, гьединго энергетикаялъул рахъалъ Украина лъиданиги бачIого букIиналъе гьабураб хIалтIухъ.

XS
SM
MD
LG