МагъчIваялъе рес

Каспиялъул рагIаллъи ва гьундулгун кIалгIаби


Гьал къоязда НТВ телеканалъ бихьизабуна Каспи ралъдал рагIаллъи ккун рарал гьундул, ккурал ракьалги, законги хвезабун рарал минаби. Лъалеб букIахъе федералияб трассаялдаса ралъдал рахъалде бугеб щинаб ракь жеги 1970 абилел соназдаго кьун букIун буго "Шималияб Кавказалъул курортал" абураб программаялъе.

Каспиялъул рагIаллъи ва гьундулгун кIалгIаби
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:32 0:00
Интернет-мухъ

Гьеб рагIула федералияб буголъи ва гьенир хасаб хIукмуялдалъун туристазе бакIал, пансионаталгун, санаториял, гостиницаби разе гурони хасал чагIазул минаби разе ихтияр рагIуларо.

Гьаб сагIаталда гьеб кинабго пачалихъалъул буголъи рагIула республикаялъул рохьил магIишаталъул къайимлъиялда. НТВялъул журналистасул цIех-рехалъул баяназдалъун бицунеб буго жакъа Каспи ралъдал рагIал ккун рарал минабаца ккун рагIула 200 километралде гIагарараб манзил.

Гьел щун ругила Азербайджаналъул гIорхъоде. Республикаялъул туристазе ва инвестициязе санагIалъи бихьизабулеб филмалда, яги роликазда кидаго нилъеда рагIула "Дагъистаналда буго 200 километралдасаги цIикIкIун хIухь бахъизе рес бугеб меседилаб сали (золотые пески) ва лъикIал санагIалъаби" - ян.

Гьеб такрар гьабулаго лъиданиги ракIалде щоларо гьеб "меседилаб салиялде" унел нухалги къан чиновниказул гьундулги, гьенибе нух гьукъарал яргъид гIуцIарал гIадамалги рукIин. Гьезул гьундузда цебе бугеб салиялъги ралъадалъги гIадамазе, гьалбадерие, инвесторазе ва туристазе щиб кьелеб?

Гьеб ахIвал-хIалалде пикру буссинабун бугин ккола федералияб централъ. Лъалеб букIахъе улкаялда лъугьараб экономикияб ва гьеб гьечIолъиялдалъун баккараб финансовияб кризисалъ центр тIамулеб буго нухмалъиялъул цIиял къагIидаби ралагьизе. Газгун нартги бичун квналеб заман ана.

Гьелъул багьа дунялалъул базаралда къо бахъанагIан ботулеб буго. ГIарац гIолеб гьечIо. КъватIисеб дунялалъулгун Россиялъул гьоркьорлъаби хун руго ва гьелъул хIасилалда санкциял лъун руго. Щибха гьабизе кколеб гьаб ахIвал-хIалалда? Ралагьизе ккола жанисел сурсатал.

Жанисел сурсатазе бищунго хайир кьолеб ва экономикаялда рухI речIчIизабулеб рахъ буго щиб бугониги гIезаби (производство) ва туризм. Хасаб хъулухъалъухъ къватIисан рачIарал гIадамаца гIарац кьей. Гьеб хутIула республикаялъул экономикаялъулъ ва гьелъ рагьула цIиял ресал гIадамазе.

Дагъистан гьава-бакъалъул ва тIабигIиял бечелъабазул рахъалъ бищунго санагIатаб бакI рагIула туризмаялъе. Ралъад, мугIрул, гIатIиракьал, рохьалгун, кьураби, азарго соналъул тарихалъул некIсиял росаби, гIемерал халкъал, миллатал, мацIал, миллияб культура, кверзул махщел, ай туризмаялъул чанго батIияб тайпаялъе ресал - этнотуризм, культураялъул туризм, хIухьабхъиялъул, сахлъиялъул ва жеги чамалиго тайпаял.

Гьелъие щибха хIажат бугеб? ТIоцебесеб иргаялда инвестиязе ва бизнесалъе лъикIал ресал, шартIал ва эркенаб ралъдал рагIал. Гьелде кIвар буссинабун бугин ккола Москваялъ. Лъалеб букIахъе Дагъистан хутIарал миллиял республикабиго гIадин цIикIкIараб къадар бюджеталъул федералияб централъул дотациязда буго. Ахирал соназда гьеб лъаледухъ дагьлъаниги.

Гьелдаго цадахъ Дагъистан буго Россиялда цо чиясе хIисаб гьабун кьолеб гIарцул къадар босани бищунго дагьаб гIарац кьолеб бакI. Араб соналъ гьеб бащалъулаан 18 азаралда хадуб гъурщида цо рухIалъе хIисаб гьабун.

Мадугьалихъ бугеб Чачан республикаялъе кьураб гIарцул хIисаб гьабуни гьеб бахулаан 50 азаргоялдаса тIаде. Гьелдаго цадахъ Дагъистан буго республикаялда бищунго гIодобегIанаб гьоркьохъеб харж бугеб бакI.

Гьединлъидал Москваялъ гьадингоги гьарзаго кьолареб гIарацги хIисабалде босун ралъдал рагIаллъи ва туризмаялъегун бизнесалъе шартIал гIуцIани Дагъистаналъе рес щвезе буго чIагояб экономика гIуцIизе ва гIадамазул яшав лъикIлъизабизе.

Жакъа ва цересел соназда гьаниб нилъеда бихьана щибаб лъагIелалъ ралел миллионаз квадраталъул метраби минаби, тукаби, ашбаз-ресторанал ва цогидаб инсанасе хIажатаб щинаб жо. Гьеб кинабго букIана федералияб центарлъ гьанибе реххараб гIарцуца бижизабураб жо. Коррупциягун цIогь ва ришватал ругониги гьеб гIарац сверулеб бугелъул халкъалъухъе.

Гьаб сагIат гьеб гIарцул лъар тIеренлъун буго, рес буго тIубанго къотIизеги. Гъулбасал гьарун миллионал рикьулел сонал ана, жакъа хIажат буго гьанибе бикъизе битIулеб гIарац гуреб, жалго гIарац бугел гIадамал бизнес гьабизеги, магъалаби кьезеги, хIухь бахъизеги, ва цогидаб хIажатаб щиналъеги рачIине.

БатIияб нух хутIун гьечIо. Гьеб хIисабалъ балагьун батила центр Каспиялъул рагIал ккурал гьундузухъин кколаха. ГьедингIаги батайги. Хабаралги лъикIал рагIайги.

XS
SM
MD
LG