МагъчIваялъе рес

Яценюк нахъе лъугьунев вуго Украиналъул премьер-министрасул хъулухъалдаса


Информалатазул лъазабиязда рекъон, Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюк нахъе лъугьунев рагIула хъулухъалдаса. Гьелъул хIакъалъулъ гьединго лъазабулеб буго «Украинская правда» газеталъул сайталъги.

«Дица хIукму гьабуна Украиналъул премьер-министрасул хъулухъалдаса нахъе лъугьине. Талат къоялда 12 апрелалда гьединаб хIукму кьезе буго ТIадегIанаб Радаялде», - лазабун буго Яценюкица.

Гьелдаго цадахъ, гьесулго рагIабазда, «Народный фронт» абураб гьесул партия хутIизе буго нухмалъиялъул коалициялда.

Гьединал лъазабиял Украиналъул премьерас гьарун руго «Премьер-министргун I0 минут» абураб телепрограммаялда.

XS
SM
MD
LG