МагъчIваялъе рес

Джон Керри щвана Япониялде


Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри щвана Япониялде. Гьенив гьев гIахьаллъизе вуго «КIудияб анкьилабалъул» министразул данделъиялда.

«КIудияб анкьлабалъул» тIадегIанал лидеразул саммит тIобитIизе буго маялъул ахиралда Япониялъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалда бугеб Сима шагьаралда. Саммиталда гьоркьор лъезесел суалазда гъорлъ буго дунялалъул ядерияб хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул суалги.

Керри ккола 1945 соналда Цолъарал Штатаз атомиял бомбаби реххун хадуб гьениве щварав Америкаялъул администрациялъул тIоцевесев бищунго кIудияв хъулухъчи. Хиросимаялдеги Нагасакиялдеги атомиял бомбаби реххиялъул къурбанлъун вахъана 150 азарго гIанав чи. ТIадеги 145 азарго чи хвана хадусеб щуго сонида жаниб ядерияб кьвагьиязда хурхарал унтабаздаса.

XS
SM
MD
LG