МагъчIваялъе рес

Македониялда мигрантазде данде хIалтIизабун буго магIу бачIинабулеб газ


МагIу бачIинабулеб газ хIалтIизабун буго Македониялъул полициялъ мигрантазде данде Грециялъулгун гIорхъода бугеб Идомени мухъалда, ахирисез, гьукъиялде балагьичIого, гIорхъи бахине хIалбихьараб мехалда.

Февралалдаса жакъаялде щвезегIан, Балканазул улкабаз мигрантазда хурхун гьарурал хIукмуязе гIоло, гIорхъиялда аскIор ракIарарал гIадамазул къадар бахун буго 11 азарго чиясде.

Февралалда Македониялъ къана гIорхъи Афгъанистаналъул гражданазе, къвакIизабуна Сириялъулги ГIиракъалъулги гражданазе гIорхъаби рахиналъул режим.

Словениялъул, Хорватиялъул, Сербиялъул ва Македониялъул хIукуматаз сордо-къоялда жаниб 580 чисе гурони гIорхъи бахине изну кьолеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG