Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри швана Кабулалде. Гьес гьенир тIоритIулел руго кIалъа-басаял Афгъанистаналъул президент Ашраф Гъанилгун ва улкаялъул цогидал кIудиял хъулухъчагIазулгун.
КIалъа-басаязул аслияб тема хурхараб рагIула хIинкъигьечIолъиялъул рахъалда цадахъаб хIалтIи гьабиялъул къотIи-къай гIумруялде бахъинабиялъул суалал.
Гьеб къотIи-къаялъ рес кьолеб буго СШАялъулги НАТОялъулги рагъул къуватал Афгъанистаналда хутIизе.