МагъчIваялъе рес

Навальный Рогозиназде данде


Алексей Навальныяс гIуцIараб Ришватчилъиялда данде къеркьеялъул фондалъ лъазабуна жинца прокуратураялде гIарза хъвазе бугилан. Россиялъул хIукуматалъул вице-премьер Дмитрий Рогозинил васасда хурхун цIех-рех гьабеян.

Щайин абуни жиндир щаклъи бугила оффшораздехун гьесул бухьен букIиналда. Британиялъул Вирджиниялъул чIинкIиллъабазда хъвай-хъвагIай гьабураб «Интертрест" компаниялъе щибгIаги конкурсги лъазабичIого 20I3 соналда 2 млдр-са цIикIкIун гъурущ кьун буго Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъ пачалихъияб хIажалъи тIубаялъе.
Гьеб компаниялъул нухмалъулев ккола Рогозинил вас Алексей Рогозин. Доб Навальныясул фондалъул пикруялда рекъон, Россиялъул хIукуматалдасан кIудияб кумек щвечIебани, гьеб компаниялъе гьебщинаб гIарац щвезе рес букIинчIо.

XS
SM
MD
LG