МагъчIваялъе рес

Путиница лъазаби гьабуна «Панамаялъул досьеялда» хурхун


Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна Журналистазул цIех-рехазул Халкъазда гьоркьосеб консорциумалъ тIобитIараб цIех-рехалъулъ офшораздехун жиндир бухьен букIин бихьизабулеб хIужа гьечIилан.

Хадубго гьес тIаде жубана "Панамялъул досье" абурал баяназулъ жинда ришватчилъиги бихьулеб гьечIин. Гьединго Путинил рагIабазда рекъон, гьеб ишалъулъ буго гIицIго Россиялда ахIвал-хIал хIалуцинабизе лъицаялиго гьарулел хIалбихьиял.

Гьедин гьеб гьабиялъе бищунго бигьаяб нухин абуни бугила тIалъиялда гIайибал чIвай. Путиница гьеб Панамаялъулин абулел доркументазда бицен гьабулев музыкант Сергей Ролдугинилгун лъай-хъваялдаса чIухIаравги вугин жив.


КъватIир пачалихъазда гьабунщинаб гIарац гьес, гIаксалда, Россиялде бачIанин босун. Гьаниб ракIалде щвезабила, 3 апрелалда прессаялда раккун рукIана президент Путинил сверухълъиялдаса чагIаз Россия тун къватIибе 2 млрд доллар баччун букIиналъул хабар.

XS
SM
MD
LG