МагъчIваялъе рес

Путин хъулухъалдаса махIрум гьавиялъул тIалаб бугеб гIарза кьун буго диваналде Балаковоялда


Саратов областалъул арбитражалъул диваналъ къабул гьабуна Балаково шагьаралдаса Николай Суворовасул президент Владимир Путин хъулухъалдаса махIрум гьавиялъул тIалаб бугеб гIарза. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Свободные новости» абураб интернет-порталалъ.

Суворовас жиндирго гIарзаялда хъвалеб буго, жинца президент хъулухъалдаса нахъе вахъи тIалаб гьабулеб бугин «халкъалъул тушман, олигархазул ва пачалихъиял хъулухъчагIазул гьудул хIисабалда, гьес Россия пасат гьабиялъе ва Россиялъул халкъ язикълъиялде ккезабиялъе гIолойин».

Диваналъул цереккунисел гIенеккиял рукIине рагIула 28 апрелалда. Суворовас гьединабго гIарза кьун букIун буго марталдаги, амма доб мехалда гьезул гIарзаялда рекъон, кинал гIаги галиял гьарун рукIун гьечIо.

XS
SM
MD
LG