МагъчIваялъе рес

ЕСалъулгун Туркиялъул рагΙи данде ккана


Цереккун Европаялде лъутун рукΙарал гΙадамазда хурхун Европаялъул Цолъиялъулгун Туркиялъул рагΙи данде ккана. Туркиялде тΙадруссине байбихьана гьез дагь-дагьккун.

Гьедин лъазабуна 6 апрелалда Брюсселалда букΙараб пресс-конференциялда бицен гьабулеб суал тΙубазабулев Евроцолъиялъул вакил Димитрис Аврамопулосица. Туркиялдасан рачΙун Грециялде, Италиялде, Германиялде ине хΙалбихьулеб буго гьел гΙадамаз.

Гьанже миграциялъул рахъалъ тΙалабалги хисизарун, гΙемерго дагьлъизаризе ракΙалда буго Европаялде рачΙунел чагΙазул къадар.

XS
SM
MD
LG