Ахирисел лъазабиязда рекъон 33 чи чIван вуго ва 200-гIанасев лъукъана арал гIодоркъоязда МугIрул Гъарабахалда багъарараб рагъул хIасилалда. Гьадин лъазабуна итни къоялъ Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда цебе бугеб гуманитариял суалазул рахъалъан идараялъ. ЧIваразда гъоръ лъабго ракълилав инсан. Бакуялъул баяналда рекъон чIван вуго Азербайжаналъул 12 рагъулав хъулухъчи, Ереваналъ лъазабухъе чIван вуго Армениялъул 18 аскарияв.
МугIрул Гъарабах

1
Азербайжаналъул аскариял

2
Жибго жиндаго чIараблъун лъазабураб МугIрул-Гъарабахалъул республикаялъул аскариял
Мардакерта мухъалда гIарада балеб буго. 2016 соналъул 3-билеб апрель
Мардакерта мухъалда гIарада балеб буго. 2016 соналъул 3-билеб апрель

3
Гъарабахалда чIварав Азербайжаналъул рагъулав хъулухъчи абадияб рукъове регIинабиялъул тадбир. Тертер росу, 2016 соналъул 3-билеб апрель.

5
ГIарада баялъул хIасилалда биххараб азербайжаназул Тертер росу.