МагъчIваялъе рес

Сириялда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ хIалтIизабун буго загьруяб газ


Сириялъул пачалихъиял информалатаз лъазабулеб буго Россиялдаги цогидал улкабаздаги гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялъ хIукуматалъул рагъул къуватазде данде иприт абураб загьруяб газ хIалтIизабиялъул хIакъалъулъ.

Информалатазул хIисабалда, иприт хIалтIизабун буго Дайр-эз-Заур абураб Сириялъул шималияб рахъалда бугеб авиабазаялде гьужум гьабулеб мехалда.

Лъазабиязда рекъон, жигьадистаз гьеб газ хIалтIизабун буго речIулел ракетабазде жанибе бичан.

XS
SM
MD
LG